Гьеб бихьидал, халкъалъул руккел кутакалда хІинкъула, инсанасе гьединаб ихтияр кьурав Аллагьасе рецц гьабизе лъугьуна.
ГІисаца гьедин абидал, гІадамазда цере инжитлъана дол гьесда дандечІун рукІарал чагІи. Амма халкъин абуни, гьесул киналго хІикматал ишаздаса бохун букІана.