Цинги гьес бицана: – Масала, нужер цоясул вуго гьудул, сордо бащалъараб мехалъ гьесул нуцІихъе ун дуца абулеб буго: «Я, дир гьудул, къаси дие цо лъабго чед кьеларищ дуца?
Хьулалъ ракІ бохизабе. Балагь бачІаниги, къвакІун чІа. Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа.
Илагьияб РухІалъ цІезарун, киналго дугІаби гІемер гьаре ва кидагоги Аллагьасде гьардолел рукІа. ТІолабго иман лъуразул агьлуги рехсон, тІадчІун ва ракІ-ракІалъго дугІабиги гьарун, рорчІуда чІа.
РорчІуда чІа ва кидаго Аллагьасе рецц гьабун гьари-дугІаялда рукІа.