Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Нуж кантІе, Аллагьасде русса, Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин! – абун лъазабулеб букІана гьес. Дица нужеда абулеб буго: гьединго Аллагьасул малаикзабиги рохула Аллагьасде вуссарав цо мунапикъасдаса. Рилун ругелазда хадув, гьел ралагьизейин ва гьел хвасар гьаризегийин, вачІун вугев ГІадамил Лъимер. Нилъ жагьиллъуда ругеб заманаялда ккара-тараб Аллагьас нилъер гІайиблъун рикІкІунеб гьечІо. Амма гьанже гьес амру гьабулеб буго киса-кирего киналго гІадамал кантІун жинде руссаян. Масала, хІакъабщиналдаса гьетІарав нужер чи цогидас битІараб нухде ккезавуна. Мекъаб нухдаса гьев витІун ккезавурас мунагь гьабурасул рухІ цІунулеблъи ва гІемерал мунагьалги чурулеллъи лъай, дир вацал, нужеда!
Выбор основного перевода