Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб бихьидал, фарисеяз ГІисал муридазда абуна: – Магъало бакІарулел чагІаздаги ва цогидаб мунагь-хІакъалъул агьлуялдаги цадахъ гІодовги чІун щай гьав нужер мугІалим кваналев? Жиндирго бакІалда Левийица кІудияб гьоболлъи гьабуна ГІисае. Гьенир рукІана гІемерал магъало бакІарулел чагІиги ва гьебго тайпаялъул цогидал гІадамалги. ВачІана кваназеги кваналев, гьекъезеги гьекъолев ГІадамил Лъимер. Нужеца абулеб буго: «Гьале чехьквеш, гьекъолдухъан, магъало бакІарулел чагІазулги мунагь-хІакъалъул агьлуялъулги гьудул», – абун. Гьеб бихьидал, ГІиса кванде ахІарав фарисеясда ракІалде ккана, гьав чи авараг вукІаравани, гьасда лъалаанин кинай гІаданалъ жинда квер хъвалеб бугебали. Мунагьазул цІурай гІаданлъидалха гьей йигей.
Выбор основного перевода