Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІиса шагьаразде ва росабалъе хьвадулев вукІана. Гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унтиялдаса, кинабго щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан. ХІикмалъун вукІана ГІиса гьел божунгутІиялда. Цинги гьев хьвадана сверухъ ругел росабалъе, гьенибги халкъалда Рохалил хабар бицине. Гьелдаса хадуб ГІиса Аллагьасул ПарччахІлъи тІаде гІунтІун букІин лъазабулаго ва Рохалил хабар бицунаго шагьаразда ва росабалъ тирулев вукІана. АнцІила кІиявго чапарги вукІана гьесда цадахъ. Зобалазде живго вачунеб заман гІагарлъидал, Иерусалималде ине таваккал тІамуна ГІисаца.
Выбор основного перевода