Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьенив вукІана цояб квер бакъварав чиги. ГІисаде гІайиб гІунтІизабизе бокьун, гьесда гьикъана шамат къоялъ гІадамал сахлъизаризе къануналъ изну кьолебищилан. ГІисада хадуб хал ккурал гІадамалги рукІана, гьес гьев чи сахлъизавуни, шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан, гьесде гІайиб гІунтІизабизе бокьун. Гьел гІадамаздехун вуссун, ГІисаца гьикъана: – Шамат къоялъ лъикІлъи гьукъун бугебищ, квешлъи гьабизе изну бугебищ? Чиясул рухІ хвасар гьабизейищ кколеб, яги гьев хвезавизейищ кколев? Гьел руцІцІун чІана. ГІисада хадуб мухІканго хал ккун чІун рукІана диниял гІалимзабиги фарисеялги, гьес гьев чи сахлъизавилародайилан. Шамат къоялъ гьабураб хІалтІийилан ГІисаде гІайиб гІунтІизабизе бокьун букІана гьазие. ГІисаца диниял гІалимзабаздаги фарисеяздаги гьикъана: – Къануналъ изну кьолебищ шамат къоялъ чи сахлъизавизе, яги кьоларебищ? Гьелда дагІба базе кІвечІо лъиданиги. Гьелдаса хадуб, шамат къоялъ гьединаб иш гьабунилан, ГІисае рахІат толеб букІинчІо ягьудияз. Мусал къануналъ изну кьола нужее шамат къоялъцин сунат гьабизе. Шамат къоялъ чи дица тІуванго сахлъизавунилан щай нуж диде ццидалъ ругел? (ХІацІуца хІурги буцун, гьесул беразда ГІисаца канлъи бихьизабураб къо шамат къо букІана.) Цо-цо фарисеял гаргадизе лъугьана шамат къоялъул къанун цІунуларев гьев Аллагьасдасан вачІарав чи гурилан. Цогидаз абуна мунагь-хІакъ тІад бугев чиясда гьединаб мугІжизат бихьизабизе кин кІолебилан. Гьединаб дагІба-къец ккедал,
Выбор основного перевода