Къасиги къадги жиндир цІобалде хьул лъун, гьари-дугІаялда жинде ахІделел ругел тІаса рищарал лагъзал Аллагьасги цІуниларищ? Гьезул мурад тІубазабизе кватІилищ гьев?
Дида рагІана зодиб цо кутакаб гьаракьалъ абулеб: «Гьанже бачІана нилъер Аллагьасдасан хвасарлъиги, ихтиярги, парччахІлъиги ва гьесул МасихІил ихтиярги, щайгурелъул иман лъуразде гІайиб гІунтІизабураб тушман зобалаздаса гІодобе рехун бугелъул; къасиги-къадги Аллагьасда цебе гьезде гІайиб гІунтІизабулаан гьелъ.