ГІиса МасихІиде цолъизарун нижги нужги къвакІизарулев Аллагьас нилъ тІаса рищана, абадияб гІумруялъул гІаламатлъун Илагьияб РухІги нилъер ракІазулъе рещтІинабуна.
Нуж хвасарлъанилан Рохалил хабарлъун бугеб ритІухъаб рагІи рагІараб мехалъин нуж МасихІиде цолъарал. МасихІиде иман лъедал, нужедаги Илагьияб РухІалъул мугьру чІвана.