Божи-иман рекІелъ букІиндалин, жеги рихьизе рес гьечІел лъугьа-бахъинал ккезе ругилан лъазабураб мехалъ, НухІ авараг Аллагьасухъ гІенеккарав ва жиндирго рукъалъул агьлу хвасарлъизе гама гьабураб. НухІил божи-иманалдалъун загьирлъана дуниял-гІаламалъулго гІайиб, живгойин абуни Аллагьасда цеве ритІухълъана. Божи-иманалдалъун насиблъана гьесие гьеб.
Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Ибрагьимие, цІакъго херлъун вугониги, эменлъун вахъине рес ккараб. Саратги йикІана лъимер гьабулеб гІужалдаса арай гІадан. Гьев божана Аллагьас кьураб рагІи тІубазе букІиналда.