Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьединго Аллагьасги рагІи кьун букІана «Ибрагьимиеги гьесул наслуялъул чиясеги». Гьес «наслуйилан» (гІемерал чагІийилан) абун гьечІо, «наслуялъул чийилан» (цохІо чийилан) абун буго. Гьеле гьев чи вуго МасихІ. Дица гьадин абила: цебего Аллагьас гьабун букІараб къотІи хисизабуларо ва Аллагьас кьураб рагІиги хисизабуларо гьелдаса ункъусиялда лъеберго соналъ хадуб рещтІараб Къануналъ. Щай гурелъул Къануналдасан щвараб ирс – гьеб кколаро Аллагьас рагІи кьун букІиндал щвараб ирслъун. Амма Ибрагьимиде Аллагьас баркат рещтІинабуна жинца кьураб рагІуда рекъон.
Выбор основного перевода