Ниж Ибрагьимил наслуялъул лъимал ругилан гаргадизеги ракІалде ккоге. Гьале дица нужеда абулеб буго: жиндие бокьани, гьал ганчІаздасанги Ибрагьимил наслуялъул лъимал лъугьинаризе кІола Аллагьасда.
ТІасан балагьун кьоге къимат, хІакъикъатги цІехон кье.
Аллагьас жиндирго халкъалъе кьун букІараб рагІи тІубачІилан абизе бегьуларо. Исраилил наслуялъул киналго гуро Исраилил халкълъун лъугьарал.