«Я, БетІерчІахъад! Я, БетІерчІахъад!» – абун дида кІалъанщинав чи гуро Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе вугев. Гьениве ворчІила зобалазда вугев дир Инсул амру тІубазабурав чи.
Гьеб рагІухъ гІенеккарал гІоларо, гьеб тІубазабизеги ккола, гурони – нужго нужецаго гуккулел чагІилъун лъугьуна нуж.
РагІухъ гІенеккулев, амма гьеб тІубазабуларев чи релълъуна живго кинав вугевали матІуялъусан вихьарав чиясда.