Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІицІго гьесул хІакъалъулъ гуро хъван ругел «ритІухъав чилъун рикІкІана» абурал гьел рагІаби. Аллагьас ритІухъал чагІилъун рикІкІине ругел ва ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурав Аллагьасда божулел нилъер хІакъалъулъгийин. Гьеб киналъулго хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго нилъее гІакълу щвеялъе гІоло. Ахирзаманаялде гІагарлъулел ругелъулха нилъ. Киналго ТІухьдул – Аллагьасул калам буго. Гьез хІакъабщинаб малъула, тІекъабщинаб къватІиб чІвазабула, гъалатІ-хатІа битІизабула, ритІухъаб гІумруялъул хІакъалъулъ насихІат гьабула. Сундуего пайда буго гьезул. Хириял ТІухьдуз Аллагьасе хъулухъ гьабулев чи камиллъизавула ва лъикІал ишазе хІажалъулебщинабги гьесие насиблъизабула.
Выбор основного перевода