Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьанже бицинин мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул гьанал хІакъалъулъ. Нилъер киназулго гІелму-лъай бугилан битІун абулеб буго нужеца. Амма гІелму-лъаялъ гІадамасул гІамал кІодолъизабула. Рокьиялъ берцинго гІуцІула инсанасул гІумру. Киназдаго гуребха гьеб лъалеб. Цо-цоял гьел гьересиаллагьзабазде цІакъго ругьунлъун руго ва гьез гьанжегицин мажусиязухъа босараб гьан кваналеб буго, дозие къурбанлъун гьебги рикІкІун. Мунагь ккеладайилан щакдарулелги руго гьел, хІарамаб жоцин кваналеб бугодай жидецаян. Мунагь ккеладайилан щакдарулев чиясда вихьани гьединаб лъай бугев мун мажусиязул мукъадасаб рокъов гІодовги чІун кваналев, духъ валагьун, гьесги кванала гьезул къурбаналъул гьан. Гьединлъидал дица нужеда гьеб кидаго ракІалде щвезабила, – нужее загьирлъараб хІакъабщинаб нужеда гьанжего лъалеб бугониги ва щулаго ккун бугониги.
Выбор основного перевода