Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Воре, нужерго муъминлъи гІадамазда цебе загьир гьабуге, гьезда бихьизелъун, Зобалазда вугев нужер Инсуца нужее кири хъваларебин. Садакъа кьолеб мехалъ, гІадамаздасан цІар-рецц бокьун, синагогабаздаги къватІахъги жидедаго сверухъ ахІи-хІур бахъинабулел, ххвелал гьаризе бокьулел чагІаз гІадин, кьоге нужеца садакъа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана. Дуца садакъа гьабулеб мехалъин абуни, кваранаб квералъ кьолаго квегІаб квералдацин лъазе биччаге. Ягьудацаги Силацаги (гьел кІиялгоги рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал) гІемераб жо малъана гьезда. Гьелдалъун вацазул рекІелъ иман щулалъиялъе квербакъиги лъугьана. ГІазаб-гІакъуба хІехьезе ккун хадуб гьарзаяб рохелги кутакаб мискинлъиги насиблъарал гьезулъ сахаватлъи цІикІкІана, цІадалдаса хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин. Щивас кьезе биччай гьесул ракІалъ къабул гьабураб къадаралда. Бокьун гурони кьоге, кьун хадуб ракІбухІуге. РакІ разилъун кьолев чи вокьула Аллагьасе. Иман лъуразул агьлуялъул ишал тІуразарулезе, хасго вагІза-насихІаталъе хІалтІулезе, кІиго бутІаялъ цІикІкІун кьезе ккела мухь.
Выбор основного перевода