Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Дицани нужеда абулеб буго: нужерго тушбаби рокьа, нужее гІазаб-гІакъуба кьолелги дугІадулъ рехсе. Нужее нагІана кьолездаги баркат лъегиян абе, нуж къабихІ гьаруралги дугІадулъ рехсе, Гьез ганчІал речІчІун чІвалеб мехалъ, Аллагьасул цІар рехсон, Стефаница гьарана: – Я, ТІадегІанав ГІиса! Дир рухІ къабул гьабе! – ян. Цинги, кІиябго накуги гІодоб чІван, гьес ахІана: – Я, БетІергьан! Гьазие мунагьлъун хъваге гьаб иш! – абун. Гьебмехалъ Стефанил рухІ босун ана. ЗахІмат бихьун гурони хинкІ-чедги щолеб гьечІо нижее. Ниж хІакъир гьарула – нижеца баркат лъегиян абула, нижее гІазаб кьола – нижеца хІехьола.
Выбор основного перевода