ГІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул дицаги зобалазда вугев дир Инсуда цебе рахъ кквезе бугебха.
Гьале дица нужеда абулеб буго: гІадамазда цебе дир рахъ ккурав чиясул, Аллагьасул малаикзабазда цебе, ГІадамил Лъимацаги рахъ кквезе бугебха.
– ТІадегІанав ГІисада божани, мунги дур рукъалъул агьлуги хвасарлъила, – ян абуна гьез.
Нижерго хІакъалъулъ Рохалил хабар гурелъулха нижеца бицунеб бугеб, ГІиса МасихІ нилъер ТІадегІанав вугиланлъидалха. Нижни руго ГІиса МасихІие гІоло нужее хъулухъ гьабулел гІадамал.