Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Нужеда ракІалде ккоге дун Мусал къанунги аварагзабазул динги хвезабизе вачІарав чийилан. Гьел хвезаризе гурев, гьел щвалде щун тІуразаризе вачІун вуго дун. Гьесда божарасе тамихІ букІине гьечІо, амма божичІезе тамихІ гьанибго гьабун буго, Аллагьасул цохІо вугев Васасда гьел божичІелъул. Дица бицунеб бугеб жо нужеда бичІчІила, вацал, Къанун щибали нужеда лъалелъул. Инсан чІаго вугебгІан заманалда гурони, Къануналъ гьесда тІад кверщел гьабуларо. Масала, Къануналъ лъади жиндирго росасдехун юхьун йикІуна гьев чІаго вугебгІан заманалда. Гьев хваравго, гьей эркенлъула ригьнал рахъалъ Къануналъул рихьизарияздаса. Рос чІаго вукІаго гьей цогидасда цадахъ йигони, зина гьабулеб бугин гьелъилан абула. Амма рос хведал гьей эркенлъула Къануналъул кверщелалдаса. Цогидасе аниги, зина гьабулеб бугин гьелъилан абуларо. Гьединго нужги хвана, вацал, гьеб Къануналъе, – МасихІил чорхол лагалъун лъугьун, нуж цогидасухъе, ай хваралъуса вахъинавурасухъе, ине, цинги лъикІал ишаздалъун Аллагьасе хъулухъ гьабизе. Цинги, МасихІ вачІинегІан, Къануналъ къайимлъи гьабуна нижее, – Аллагьасда цере божи-иманалдалъун ритІухълъизе. ЦІияб КъотІиялъул бицунаго, Аллагьас доб тІоцебесеб КъотІи басралъизабулеб буго. Басралъарабщинабги херлъарабщинабги хехго хола, тІагІуна.
Выбор основного перевода