Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Римлянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьедин Аллагьасул рагІи цІубалеб букІана. Муридазул къадар цІакъго-цІакъ цІикІкІана Иерусалималда. ЦІакъ гІемерал кашишзабазги иман лъуна. ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Мун а гьанже. Гьев вуго киналго къавмазда, парччахІзабазда ва Исраилил халкъалда гьоркьоб дир цІар тІибитІизабизе тІаса вищун витІарав дир илчи. ТІаде вахъун, вахъун чІа гьанже! Дун духъе рещтІана, мун дие хъулухъ гьабизе тІамизе, дуда бихьарабги дуда дица бихьизабизе бугебги бицине тІамизе. Дица мун дурго халкъалдаса хвасар гьавила ва мун дица жидехъе витІизе вугел цогидал халкъаздасаги хвасар гьавила. Дуца гьезул беразда канлъи бихьизабила, бецІлъиялдаса канлъуде рачина, илбисалъул къуваталдаса рорчІун Аллагьасде руссинарила ва, мунагьал чурун, гьезиеги, дида божиялъ жал рацІцІалъарал чагІазего гІадин, бутІа насиблъизе бугиланги лъазабила». Гьедин абизе хІинкъуларо, дун гьоркьов ккун, МасихІица гьабуралъул хІакъалъулълъидал дица бицунеб бугеб. Гьес гьеб гьабуна мажусиялги Аллагьасе мутІигІлъизе гІоло, гьабуна рагІудалъунги ишаздалъунги, Гьелъул гІаксалда, гьезда бихьана, жугьутІазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букІарабго гІадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букІин. ЖугьутІаздаса байбихьун цогидал халкъазде щвезегІан гІадамазда гьоркьоса квешлъи гьабунщинасе – гІазабги гІакъубаги!
К Римлянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода