Нужерго гІамал-хасияталда хадуб халккве. ГІабдалзабазда релълъун хьвадичІого, гІакъилазда релълъун хьваде.
Заманаялдаса пайда босизе хІаракат бахъе, гьалагал къоял ругин гьал.
Цебеги нижеца нужеда лъазабун букІараб къагІидаялъ, нужерго ишги гьабун, гІодоре риччан ва нужерго квералъ бетІербахъиги гьабун рукІине хІаракат бахъе.
Гьебмехалъ цогидал гІадамазда гьоркьобги къадру-къимат борхила нужер ва лъидениги кколареб магІишатги букІина.