Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Колоссянам
1 2 3 4
Параллельные места
Гьезие жавабалъе ГІисаца абуна: – Нуж руго Зобалазул ПарччахІлъиялъул балъголъи лъазе рес щварал гІадамал, амма гьезие гьеб рес щвечІо. Цоги хъван буго: «Цогидал халкъал, нужги роха Аллагьасул халкъалда цадахъ!» – ан. Пайдаяб хІалтІуе кІудияб нуцІа рагьун буго дие, дандечІаралги гІезегІан руго. Дун рехсонги гьабе дугІа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицине дица кІал ричІулебщинахъе гьелъие рекъарал рагІаби дие Аллагьасдасан щвагийилан. Рахсаз вухь-вухьун вугониги, Рохалил хабаралъул чапар вуго дун. Дида тІадаб налъиги тІубазабун, хІинкъичІого гьеб бицине дие тавпикъ кьегийилан гьаре. Кидагоги киназдасагоги бахчун букІараб РагІи буго гьеб. Гьанже гьеб РагІи Аллагьасда цере рацІцІалъарал гІадамазе загьирлъана. Аллагьасе бокьана цогидал халкъазда гьоркьоса рацІцІалъарал гІадамазе гьеб балъголъиялъул машгьурлъиги кІодолъиги загьир гьабизе. Гьеб балъголъи ккола – нужелъ МасихІ чІаго вукІин. Гьединлъидал нужеца хьул гьабе нужго машгьурлъизе рукІиналде. ГІадамаз жидецаго бицуна нижеда гьениб нужеца нижее гьабураб гьоболлъиялъулги, гьересиаллагьзабазул сураталги нахъе рехун, нуж Бичасде руссиналъулги, ЧІагояв ва ХІакъав Аллагьасе гьабулеб нужер гІибадаталъулги, Ахиралдаги, вацал, нужеца Аллагьасда гьаре ТІадегІанасул хІакъалъулъ хабар хехго тІибитІизабизеги, нужер гьенибго гІадин, машгьурлъуледухъ гьеб хабар гІадамаз къабул гьабизеги нижее квербакъеян.
К Колоссянам
1 2 3 4
Выбор основного перевода