Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьебни лъикІаб хІукму буго, амма хІакъикъаталдаги дозие налъукь руго гьал. ЖугьутІаз гьазие илагьиял ишазулъ квербакъидал, цогидал халкъаздасан ругел вацазги дуниялалъул ишазулъ дозие квербакъизе ккеларищ? Мухьдахъ ккурав рагъухъан жиндирго гІарацги харж гьабун вагъулевищ? Жиндирго цІибил квинчІого толебищ ахихъанас? Жиндирго рохьдолъа гІачиязул рахь гьекъечІого толебищ вехьас? ГІадамазул гІадатияб гІумру-яшавалдасан гьединал мисалал рачине бегьи гуребги, гьелъулго хІакъалъулъ Къануналдаги буго. Мусал Къануналда хъван бугелъулха: «Лал бокъунеб бугеб оцол кІалалда таргьа баге», – ян. Аллагьас оцазул тІалаб-агъаз тІаде босун абурал рагІабийищ гьел? Гьес нилъер хІакъалъулъ гуребдай гьеб абун бугеб? Гьайгьай, нилъер хІакъалъулъ абун буго. Векьарухъанас бекьула ва лал тІамулес лалги тІамула хуриса бачІаралъул бутІа щвезе хьулалда. Нужеда гьоркьоб Илагьияб РухІалъул хьон хьарал нижеца хьул-къасд гьабулеб бугони, гьелдасан бижаралъул бутІа бетІербахъиялъе щвелародайилан – цІикІкІараб мухьищха гьеб кколеб? Цогидазул ихтияр батани нужедасан кумек тІалаб гьабизе, гьайгьай, нижер жеги цІикІкІараб ихтияр буго гьелъие. Амма нижеца киданиги пайда босичІо гьеб ихтияралдаса. Нижеца кинабго хІехьола МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе сундулъго квалквал-квекІен гьечІого хутІизе. Нужеда лъаларебищ Мукъадасаб Рокъоб хъулухъ гьабулел чагІаз гьенисан бетІербахъулеблъи? Къурбаналъул гьан лъолеб бакІалъул тІалаб гьабулезеги гьеб къурбаналъул бутІа жидеего босизе ихтияр букІин лъаларебищ? Гьединго ТІадегІанасги бихьизабун буго Рохалил хабар лъазабулезги гьелдасан бетІербахъеян. Гьединаб цониги ихтияралдаса цониги нухалъ пайда босичІо дица. Гьанжеги дица нужехъе гьеб тІалаб гьабун гуро хъвалеб бугеб. Дунго чІухІизе бегьулелдаса махІрумлъизегІан хвезе бокьила. ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Лал бокъунеб бугеб оцол кІалалда таргьа баге» ва «ХІалтІухъан мухь кьезе мустахІикъав вуго», – ян.
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода