Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Цин инсан жиндирго рекІелъе ваккизе ккола, мустахІикъав вугищали лъазе. Цинги кваназе бегьула гьеб чед ва гьеб щурминисан чагъир гьекъезеги бегьула. Жалго берцин рихьизе хьвадулел цо-цо чагІазда нижго ращалъизаризе яги релълъинаризе гІураб бахІарчилъи гьечІо нижелъ! Жалго гІантал ругелъул, гьез жалго рорцунел руго жидерго роценаздалъун, цоял цоязда релълъинарулелги руго. Нижеца нижго реццила, роцадаса араб хІалалъ гуреб, нижерго роценги цІунун. Гьеб роценги буго Аллагьас нижее бихьизабураб гІорхъи. Нужги жанире рачуна гьеб гІурхъиялъ. МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабарги босун тІоцере нужехъе щварал чагІи нижлъидал, нужехъе рачІунаго гІорхъи бахине ккечІо нижеца. Нижер гІорхъи бахун къватІибехун чияца гьабуралдалъун реццаризеги лъугьунаро ниж. Нижер хьул буго нужер божи-иман цІикІкІинилан ва нижер хьонги хьан нужеца бекьараб хурги цІакъго гІатІилъилилан. Цинги ниж ина нужедасаги дорегІан ругел ракьазда Рохалил хабар тІибитІизабизе, гьезул хурзабахъ цогидаз гьабураб хІалтІиялдалъунги реццариларо. ТІухьдузда хъван буго: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!» Живго жинцаго тІадегІанлъизавурав чи муъминчилъун рикІкІунаро, БетІергьанас тІадегІанлъизавурав рикІкІуна.
К Галатам
1 2 3 4 5 6
Выбор основного перевода