Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Добмехалъ гІицІаб авлахъалда нилъер умумузул букІана Аллагь жидеда цадахъ вукІиналъул магІна жиндилъ бугеб чадир. Гьеб гьабун букІана Мусада кІалъарав малаикас гьесда бихьизабуралъул сураталда. Гьел киналго нилъее рихьизарун рукІарал къанунал кколаан хадуб бачІине бугелъул рагІад. Амма хадув вачІарав МасихІ рагІад гуро! Гьедин рацІцІалъизаризе кколел рукІана зобалазда ругезул гІицІго сипат-суратлъун кколел гьел жал. Амма зобалазда ругезе къваригІуна гІемерго лъикІаб къурбан. Божи-иман рекІелъ букІиндалин, жеги рихьизе рес гьечІел лъугьа-бахъинал ккезе ругилан лъазабураб мехалъ, НухІ авараг Аллагьасухъ гІенеккарав ва жиндирго рукъалъул агьлу хвасарлъизе гама гьабураб. НухІил божи-иманалдалъун загьирлъана дуниял-гІаламалъулго гІайиб, живгойин абуни Аллагьасда цеве ритІухълъана. Божи-иманалдалъун насиблъана гьесие гьеб. Воре, нужеца инкар гьабуге Аллагьасул рагІиялдалъун кІалъалев чиясдаса. Дуниялалда гІадамал кантІизарулесухъ гІенеккизе инкар гьабурал чагІазда хвасарлъизе кІвечІо. Зобалаздасан кІалъалесухъ гІенеккичІони, нилъ хвасарлъизего хвасарлъиларо.
Выбор основного перевода