Аллагьас гьев къурбанлъун гьавуна, гІадамазул мунагьал гьесул биялдалъун ва гьесде иман лъеялдалъун чуризе. Цебе, жинца гьел хІехьон рукІараб заманалда, гьез гьарурал мунагьазда тІасаги лъугьун, жиндирго ритІухълъи загьир гьабуна Аллагьас.
Цинги абулеб буго: «Гьезул мунагьги гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо».
Гьев вуго нилъер мунагьал чуризе къурбан, цохІо нилъер гурелги, тІолабго гІаламалъул мунагьал чуризе къурбан.