Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ.
Дица гьесда абуна: «Дуда лъалаха, бетІерчІахъад!» – ан. Гьес дида абуна: «Гьел рачІун руго кІудияб гІазаб-гІакъубаялдаса. КьагІрил биялъ чурун хадуб хъахІлъана гьезул гІабаби.