Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьеб киналъулго хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго нилъее гІакълу щвеялъе гІоло. Ахирзаманаялде гІагарлъулел ругелъулха нилъ. Гьединлъидал, вахъун чІун вугилан ккарав гІодов ккезе гурин. Щалха дол рукІарал, «Аллагьасул калам рагІаниги», «дандечІарал» гІадамал? Мусаца Мисриялдаса къватІире рачарал чагІи гурищ! КІикъого соналъ Аллагьасул ццин лъида бахъун букІараб? Мунагьал гьаридал гІицІаб авлахъалда жидер рукьби хутІарал чагІазда гурищ! «Гьезие рахІаталъе Дица кьезе бугеб ракьалде гьел киданиги лъугьинарилан» Аллагь лъил рахъалъ гьедарав? МукІурлъуларезул рахъалъ гурищ! Гьеле нилъеда бихьулеб буго: иман гьечІолъи сабаблъун кІвечІо гьезда доб жидее къотІи гьабун букІараб ракьалде рорчІизе. Гьединлъидалин, вацал, нужеца цІикІкІараб хІаракат бахъун тасдикъ гьабизе кколеб нуж Аллагьас ахІарал ва тІаса рищарал чагІи рукІин. Гьедин хьвадани – нужер хІетІе киданиги тариларо!
Выбор основного перевода