Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
РакІбицалъун букІана гьезул. Жакъа къоялде щвезегІанги, НекІсияб къотІиялъул ТІухьдул цІалулеб мехалъ, гьеб пардав букІуна гьезул гьурмазда цебе. ВачІун МасихІицалъидал гьеб бахъун рехулеб. Такъсирги мунагьги сабаблъун хварал чагІийин нужги рукІарал. Доб мехалда нуж МасихІидаса рикІкІад рукІана. Исраилил халкъалъеги чияраллъун рукІана нуж. Гьеб халкъалъе Аллагьас гьарун рукІарал къотІабиги кьун букІараб рагІиги нужеда хъатІулароан. Гьаб дуниялалда нуж рукІана хьул лъезе бакІги гьечІел Аллагьги гьечІел гІадамал.
Выбор основного перевода