Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьеб рехъалъ гьечІел цоги чахъабиги руго дир. Гьелги рачине ккола дица дирго рехъалъе. Гьелги гІенеккизе руго дир гьаркьихъ. Гьебмехалъ букІина цого рехъен ва цохІо вехьги вукІина. Ракьалда рукІа, зобалазда рукІа гьел аллагьзабийилан абулел жал ругилан телин (гьел цІакъ гІемер руго – «аллагьзабийилан» абулелги, «бетІергьабийилан» абулелги). Амма нилъер Эмен – Аллагь цохІо вуго, жинца кинабго бижарав ва жиндиего гІоло нилъ рижарав. Нилъер цо бетІергьан вуго – ГІиса МасихІ. Гьесдалъун бижун буго кинабго, гьесдалъун нилъги чІаголъана. Аллагь цо вуго, Аллагьасул ва инсанияталъул гьоркьохъанги цо Инсан вуго. Гьев ккола киназулго рецІалие живго кьурав МасихІ ГІиса. Гьебги ккола Аллагьас хъвараб заманалда загьирлъараб гІаламат!
Выбор основного перевода