Нужеда лъаларебищ нуж Аллагьасул мукъадасаб рукъ ругеблъиги нужелъ Аллагьасул РухІ бугеблъиги?
Аллагьасул мукъадасаб рукъ щущазабурав чи Аллагьасги тІагІинавила. Нуж ккола Аллагьасул гьеб мукъадасаб рукълъун.
МасихІидаса ратІалъун руго гьел. Черхалда кверщел бетІералъ гьабулеб гІадин, МасихІихъги буго киналъулго кверщел. ЩукІдуз лугби цолъизарун, цо черх лъугьунеб гІадин, нилъ цолъизарун цого черх лъугьинабуна МасихІица, Аллагьасе бокьухъе кІудияб гІела гьеб.