Аллагьасе бокьана гьесдалъун киналго жиндего цолъизаризе. Хъанчида ван гьев хвей сабаблъун зоб-ракьалда бугебщиналда гьоркьоб рекъел лъугьана.
МасихІ инсан вукІиндал ва инсан гІадин хведал, гьанже Аллагьас нуж жиндего цолъизаруна ва нужергун рекъел гьабуна: рацІцІад гьарун, мунагьал чурун ва гІайиб-хатІаялда тІасалъугьун нуж жиндаго цере чІезаризе.