Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Амма дида лъала дир чорхол лугбузул хасият батІияб букІин. Гьеб дир гІакълуялда дандечІола. Дир чорхол лугбузул гьеб хасият сабаблъун гьабураб мунагьалъул асирлъунги ккана дун. Гьанжеялдаса нахъе лъицаниги кьоге дие гІакъуба, дир черхалда ругелъулха ГІисада лъурал ругънал! Амма умумузул сияхІалда тІасан гІантаб дагІбаялдасаги ва Къануналъул рахъалъ къацанди-бахІсаздасаги рикІкІад чІа. Гьезул я пайда гуро, я хайир гуро. Гьаб дуниялалъул рокъор нуж нухлулалги апарагзабиги ругелъул, дица нужеда гьарула, хириял, нужер рухІалда данде багъулеб чорхол гьаваялдаса напс цІуне.
Выбор основного перевода