БетІергьанасул амру-буюрухъги жинда лъалеб букІаго, хІадурго чІун гьеб тІубазабичІев рагьтІателасда цІал гІемер щвела.
Гьес жаваб кьуна: – Цо ГІиса абулев чияс жиндирго хІацІуца буцун хІур бахана дир беразда. Цинги гьес дун ШилоахІ хІавузалъухъе гьумер чуризе витІана. Гьениб гьумер чурарабго, дир беразда канлъиги бихьана.
Пуланаб нигІмат жиндие хІарамаб батилилан щаклъи ккун хадуб, гьеб кванарав чиясе тамихІ гьабула, – жиндирго божи-иманалда рекъон хьвадулев гьечІелъул. Божи-иман жиндир аслу-кьучІлъун гьечІебщинаб жо мунагь ккола.