Лъилниги биялдасан, лъилниги черхалдасан яги бихьинчиясул гьаваялдасан лъугьарал лъималлъун рукІине гуро рес кьураб, Аллагьасул лъималлъун рукІинейин.
гьесул къудраталъе рецц гьабулеллъун ниж лъугьине. ТІоцебе МасихІиде хьул лъурал гІадамал ниж ругелъулха!
Нуж цІидасан рижана, лъугІун-тІагІун унеб хьоналдасан гурел, хвел гьечІеб хьоналдасан. Аллагьасул абадияб ва нилъее чІаголъи кьолеб каламалдалъун рижана.
Гьезул цонигияс чІужу ячинчІо. РацІцІадал ругелъулха гьел! Гьел руго, кибехун гьеб аниги, доб КьагІрида хадур унел гІадамал. Гьел руго цогидал гІадамазда гьоркьоса ричун росарал чагІи. Гьел руго Аллагьасеги КьагІриеги назру гьабураб тІоцебесеб рижилъун лъугьарал гІадамал.