Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4
Параллельные места
Балагьги гІазабги нужее, диниял гІалимзаби ва фарисеял! Ххвелал гьаризе бокьула нужее! Ралъадалги ракьалги тирула нужеца, цогІаги чи диналде вуссинародайилан. Амма диналде вуссун хадув, нужеца гьев, нуж кІигогІан цІикІкІараб даражаялда, жужахІалъул агьлулъун лъугьинавула. Гьезул кІал къазе ккола. Жидерго инжитаб хъантІиялъ гьез тІубарал хъизанал, малъизе бегьуларебги малъун, руссине-сверизе гьарулел ругелъул. ХъахІбалъиялъул гурони пикруги гьабуларо, мунагьал гьарунги гІорцІуларо. РакІ загІипал гІадамал гьез къорикье ккезарула. ХъантІиялъе куцун руго гьез жалго. Аллагьасул нагІанаялъе мустахІикълъана гьел!
Выбор основного перевода