10
НасихІатал, хьвада-чІвади, цебе лъураб мурад, божи-иман, сабру, рокьи ва къохІехьей, гьединго Антиохиялда, Икониялда ва Листраялда дица хІехьезе ккараб хадурчІей ва гІазаб-гІакъуба – гьезул кинаб босун хал гьабуниги, мун кидаго дида хьолбохъ вукІана. Гьеб кинабгоги гІазаб-гІакъубаялдаса ТІадегІанас ворчІизавуна дун!
Нужеда лъала гьев кьучІав чи вугевлъи ва Рохалил хабаралъе гІоло гьев дида цадахъ, инсуда цадахъ вас гІадин, хІалтІаравлъиги.
Диналъул вацазда гьедин малъани, мун вукІина МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулев лъикІав чилъун. Божи-иманалъул рагІабазулги мун нахъвилълъарал лъикІал насихІатазулги дуе пайда бахун букІин бихьила.