Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
2. Иоанна
1
Параллельные места
Цоцазда баун салам гьабе. МасихІиде цолъун ругел нуж киналго сах-саламат хутІаги! Нужеда гьоркьоб рагІи дандеккунгутІи бижизабулел, нужее насиблъараб божи-иманалда дандечІолел ва нужеда малъарабщиналъе квекІенги гьабулел гІадамаздаса цІунеян гьарулеб буго, вацал, дица нужеда. Нуж гьездаса рикІкІад чІа. Дица хъван букІана, жидеца иман лъун бугиланги абун, пасалъиги гьабулел, хъантІун магІишатги гьабулел, гьересиаллагьзабазе лагълъиги гьабулел, мацІги гьабулел, хІилла-рекІкІги гьабулел, гьекъолдизеги гьекъолдулел гІадамазулгун хурхен гьабугейилан, хІатта гьезда цадахъ гІодор чІун кванагейилан. Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб? МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев? Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас. – Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге». БецІлъиялъул пайда гьечІел ишазулъ гІахьаллъуге. Гьел къватІир чІвазаризейин нужеца кколел. ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун нижеца нужеда лъазабулеб буго, вацал, кІвахІалалщинал ва нижеца гьениб малъарабщинабги босичІел нужер агьлуялъул чагІаздаса рикІкІад чІайилан. Рикьи ккезабугейилан кІиго нухалъ лъазабуниги кантІичІев чиясдасаги ватІалъун чІа, Гьединлъидал гьединал гІадамазда квер чІвазе ккола нилъеца, гьелгун цадахъ лъугьун хІакъабщиналъе гІоло хІалтІизе. Дида рагІана зодисан цогидаб гьаракьалъ абулеб: «Я, дир халкъ, гьелъул мунагьазулъ гІахьаллъунгутІизе ва гьелъие гьабизе бугеб тамихІалдасаги хвасарлъизе, гьениса къватІибе лъугьа мун.
2. Иоанна
1
Выбор основного перевода