Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
ТІадегІанав ГІисаца гьесда абуна: – Мун а гьанже. Гьев вуго киналго къавмазда, парччахІзабазда ва Исраилил халкъалда гьоркьоб дир цІар тІибитІизабизе тІаса вищун витІарав дир илчи. Гьанже дун, батІи-батІиял халкъазухъе витІарав чапар, гьединаллъун рукІараздехун хитІаб гьабун кІалъалев вуго. Дун дирго чапарлъиялдаса чІухІун вуго! дие загьир гьавуна жиндирго Вас, гьесул хІакъалъулъ Рохалил хабар дица цогидал халкъазе бицинелъун. Гьебмехалда дица цониги инсанасулгун гІакълу дандбачІо. Гьелъул гІаксалда, гьезда бихьана, жугьутІазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букІарабго гІадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букІин. ЖугьутІазда Рохалил хабар бицунеб мехалда Пётрилъ букІараб РухІ дилъги букІиндалха цогидал халкъазда Рохалил хабар бицунеб букІараб мехалда.
Выбор основного перевода