Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
Гьез лъудби рачине гьукъула, цо-цо нигІматал кваназе изну кьоларо – хІакъабщиналда божулел ва гьеб лъалел гІадамаз баркала кьун кваназе Аллагьас гьел нигІматал рижун ругониги. Гьеб хІалаллъизабула Аллагьасул каламалъги нилъер дугІаялъги. Гьелъие гІололъидал нилъ гъеж гурун хІалтІулел ругел, къеркьолел ругел, абадияв-даимав Аллагьасде хьулги лъун. Гьес хвасар гьаруна киналго гІадамал, хасго иман лъуралал. Жидерго росалги лъималги рокьейилан, тІокІал жалги гьаругейилан, рацІцІадгоги хьвадейилан, рукъалъул хІалтІиги гьабейилан, россабазе мутІигІал лъикІал лъудбилъунги рукІайилан гІолохъанал руччабаздаги бичІчІизабизе ккола гьез, Аллагьасул калам гъоз какунгутІизелъун. Жидерго росалги лъималги рокьейилан, тІокІал жалги гьаругейилан, рацІцІадгоги хьвадейилан, рукъалъул хІалтІиги гьабейилан, россабазе мутІигІал лъикІал лъудбилъунги рукІайилан гІолохъанал руччабаздаги бичІчІизабизе ккола гьез, Аллагьасул калам гъоз какунгутІизелъун.
Выбор основного перевода