Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Кколаро! Мунагьалъе хвана нилъ! Гьанжеги мунагьал гьаризе бегьилищ нилъеца? Нилъ божула, МасихІида цадахъ хведал, гьесда цадахъ чІаголъизе рукІиналдаги. Гьедин нужецаги нужго рикІкІе, МасихІиде цолъун, мунагьалъе хвараллъун, Аллагьасда цере чІагояллъун. МасихІ инсан вукІиндал ва инсан гІадин хведал, гьанже Аллагьас нуж жиндего цолъизаруна ва нужергун рекъел гьабуна: рацІцІад гьарун, мунагьал чурун ва гІайиб-хатІаялда тІасалъугьун нуж жиндаго цере чІезаризе. Гьединго МасихІицаги цохІо нухалъ къурбанлъун гьавуна живго, гІемеразул мунагьал чуризелъун. ГІадамал мунагьаздаса рацІцІад гьаризе гуро гьев кІиабизе вачІунев, жив вачІиналъухъ ралагьун чІарал чагІи хвасар гьаризейин. Аллагь мунагьазда тІасалъугьунев вугони, гьездаса рацІцІалъизе гІоло гьарулел къурбанал тІокІалъ къваригІунаро. Нужеда лъала МасихІ нилъер мунагьал чуризе гІоло загьирлъаравлъи ва гьесда мунагь гьечІеблъиги.
Выбор основного перевода