Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5
Параллельные места
Аллагь разилъулеб къурбаналъе хъолеб кьегІер хІалалабги бацІцІадабги букІине ккола. Аллагьас цІоб лъедал, дица нужеда гьарулеб буго, диналъул вацал, нужер чурхдулги гьелда релълъун рукІунеб хІалалъ хьвадейилан. ХъвечІониги къурбанлъун ккола Аллагьасе гьабулеб бугеб нужер унго-унгояб хъулухъ. Гьале дица нужеда абулеб: нуж хьваде РухІалъ малъулеб бугеб куцалда, напсалъул гьаваялда хадур инаро нуж гьебмехалда. Напсалъе бокьула РухІалъе тушманабщинаб, РухІалъеги бокьула напсалъе тушманабщинаб. РухІги напсги цоцалъ рагъулел ругелъул, рекІее бокьараб гьабизе бажаруларо нужехъа. МасихІ ГІисаде цолъараз, жидерго мунагьаб напс хъанчида тІад бигъараб гІадин, чорхол киналго лазаталги гьаваги къезаруна. ХІасил, гьанже нуж чиярал гуро, апарагзабиги гуро. Иман лъуразул агьлуялда гъорлъ ихтияр бащадал гІадамал руго нужги ва Аллагьас жиндираллъунги гьарун руго. Цоцазда тІасан квешаб рагІи абуге, вацал. Вацасул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав яги гьесда гІайиб чІварав чияс Къануналъул хІакъалъулъги абила квешаб рагІи, Къануналда гІайиб чІвалеб бугони, мун вукІине ккола гьелдасаги тІадегІанавлъун, – мун вуго гьеб тІубазабизе кколев чи.
Выбор основного перевода