Масала, цоясул божи-иманалъ гьесие изну кьола бокьа-бокьараб квен кваназе. Амма цогидав божи-иман загІипав чияс гьан кваналаро.
Диналъул вац къосинавизегІан, гьан кваначІого, чагъир гьекъечІого чІей лъикІ.
ЗагІипазе дун загІипавлъун лъугьана, загІипалги дихъ гІенеккизе бокьун. Киназдаго гьоркьов дун гьезда релълъун лъугьана, щиб сабаб-гІамал батунги гьезул цо-цоялгІаги хвасар гьаризе бокьун.
Цо лъилниги тату хвани, гьесдаго цадахъ дирги тату холарищ? Цо щивниги къосинехъин вугони, – цІа рекІунарищ дида?