Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьединлъидал дида ракІалде ккола Аллагьасде руссунел ругел цогидал халкъазул гІадамазе нилъеца квалквал гьабизе бегьиларилан. Гьанже нилъеца гьезухъе хъван кагъат битІизе ккола гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квенги кунгеян, хъахІбалъиги гьабугеян, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги, гьединго биги хІарамаб бугилан. Нужеца кунге гьересиаллагьзабазе къурбан гьабураб квен, биги гьекъоге, гъанкъун хвезабураб хІайваналъул гьанги кунге, хъахІбалъиги гьабуге. Гьелдаса цІунун чІани, – гьеб буго лъикІаб иш. Вассалам». Бокьараб квен кваналес хІакъир гьавизе бегьуларо гьеб кваналарев чи. Бокьараб квен кваналарес гьеб кваналесда гІайиб чІвазеги бегьуларо, – гьевги Аллагьас къабул гьавунлъидал вугев. Щайин абуни, МасихІ хвана ва чІаголъана хваразулги чІагоязулги ТІадегІанавлъун лъугьине. Диналъулъ щулалъун ругел нилъеца, нилъеего пайдаялъе хІалтІичІого, загІипазе кумек гьабизе ккола, гьезие бакІлъараб гьир баччизе. Нилъер щивав чиясда тІадаб буго аскІов вугесул божи-иман щулалъулеб пайдаяб иш гьабизе. МасихІиеги бокьулароан жиндиего пайда. ГІадада гуро ТІухьдузда хъван бугеб: «Мун хІакъир гьавуразул хІакъирал рагІабаз хІакъир гьавулев вуго дун». Дир тІубанго ракІчІун буго, вацал, нужелъ лъикІлъи цІикІкІун бугеблъиялда, кинабгоги нужедаго лъалеб букІиналда, цоцазе насихІат гьабизе гьунарги нужелъ букІиналда. Мажусиязул аллагьзабазе къурбаналъе хъурал жалазул рахъ босани: нилъеда лъала гьезул аллагьзаби щибго гурел жал рукІин, цо гурони, тІокІав батІияв Аллагь гьечІевлъиги. Рокьулъ сабру буго, гурхІел-рахІму буго, рокьулъ берчІегІерлъи гьечІо, рокьи беццаруларо, рокьи чІухІдаруларо,
Выбор основного перевода