Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьенире щвараб мехалъ, иман лъуразул агьлуги бакІарун, гьаз бицана Аллагьас жидеда бихьизабунщиналъул хІакъалъулъ, бицана цогидал халкъазеги Аллагьас диналъул нуцІби рагьанилан. МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабизе дун Троадаялде вачІараб мехалъ, ТІадегІанас дие нуцІа рагьун батана. ГІемерисел хьвадулел ругелъулха МасихІил хъанчил тушбаби гІадин. Гьелъул хІакъалъулъ дица нужеда гІемер бицун букІана ва гІодилаго гьанжеги бицунеб буго. Нижги дугІадулъ рехсе. МасихІилъ бугеб балъголъиялъул бицине нижер кІалаздаса кІулал ричІейилан гьаре Аллагьасда. Гьеб сабаблъунин дун туснахъалъув вугев. Дида лъала дур ишал. Балагьея, дица дуда цебе нуцІа рагьана, лъиданиги кІоларо гьеб къазе. ЗагІипав чи вукІаниги, дир рагІи цІунана дуца ва дир цІаралдаса инкарги гьабичІо.
1. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода