Нижеца гІазаб-гІакъуба хІехьолеб буго нужер ракІбатизабизе ва нуж хвасарлъизе гІоло. Нижер ракІбатизабурас нужерги ракІбатизабила. Нижее бугеб гІадинаб гІазаб-гІакъуба нужецаги сабруялда хІехьани, гьелъги нужер ракІбатизабила.
Нуж мекъи ккеларилан ракІчІун руго ниж. Нижее бугеб гІазаб-гІакъуба нужееги бугеб батани, гьелъ нужер ракІбатизабилеблъи лъала нижеда.
БетІергьанас витІарав чи гІадин рохун къабул гьаве нужеца гьев. Гьединал гІадамазул хІурматги гьабе,
Нужер агьлуялъе имамлъи гьабун ва ТІадегІанасул рагІул вагІза-насихІат гьабун захІмат баччулеб бугезул адаб тогейилан гьарула, вацал, нужеда.
Гьез бахъулеб бугеб хІаракаталъухъ цІикІкІун рокьизе ккола нужее гьел ва гьезул хІурмат-хъатирги гьабизе ккола. Нужедаго гьоркьор лъикІ рукІа!