Воре, нужерго муъминлъи гІадамазда цебе загьир гьабуге, гьезда бихьизелъун, Зобалазда вугев нужер Инсуца нужее кири хъваларебин.
Садакъа кьолеб мехалъ, гІадамаздасан цІар-рецц бокьун, синагогабаздаги къватІахъги жидедаго сверухъ ахІи-хІур бахъинабулел, ххвелал гьаризе бокьулел чагІаз гІадин, кьоге нужеца садакъа. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: гьезие гьелъухъ мухь гьанибго щвана.