Божи-иманалъулъ ва Аллагьасул вас якъинго лъаялъулъ ахирги цогояллъун лъугьина нилъ. ТІубанго балугъал гІадамаллъун лъугьина нилъ гьебмехалъ, МасихІил камиллъиги насиблъила нилъее.
Гьанже нилъ Аллагьасул лъимал руго, дир хириял, амма щаллъун нилъ рукІинелали жеги загьирлъун гьечІо. Амма нилъеда лъала, МасихІ вачІараб мехалда, нилъ гьесда релълъунеллъи, кинав вугевали гьев нилъеда вихьизе вугелъул.