Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Параллельные места
Илагьияб ТІехьалда хъван бугебаб бичІчІуледухъ, гьезул ракІал кантІизаруна ГІисаца цинги. Инсухъ буго инсанасда рухІ лъезабиялъул кверщел. Гьес Васасухъеги кьун буго инсанасда рухІ лъезабизе кверщел. ГІисаца гьелда абуна: – Дицайин хварал рахъинарулел, дицайин чІаголъизарулел. Дида божарав чи хваравги чІаголъила. Абадияб гІумру ккола ХІакъав ва Цогояв Аллагь мунги ва дуца витІарав МасихІ ГІисаги лъай. Нилъее щвараб РухІ дуниялалъулаб гуро, Аллагьас нилъее кьурал нигІматал нилъеда ричІчІизе гьесдасан бачІараб буго. ТІухьдузда хъван бугелъулха: «БетІергьанасул пикрабазда нахъгІунтІулев чи вугищ? Гьесие гІакълу кьезе лъида кІолеб?» Нилъелъин абуни МасихІил гІакъиллъи буго. Нужелъе Илагьияб РухІ ГІисадалъун рещтІана, гьединлъидал нужеда кинабго лъала. ГІисадалъун рещтІараб Илагьияб РухІ нужелъ хутІулеб бугелъул, нужеда лъицаниги малъизе кколаро. Амма гьеб Илагьияб РухІалъ нужеда кинабго малъулеб бугелъул, гьеб хІакъаб бугелъул ва гьересиги гьелъулъ гьечІелъул, гьелъ малъухъе нуж МасихІгун цолъун рукІа. Филадельфиялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жив вацІцІадас, Жив хІакъас, Давуд парччахІасул кІул кодоб бугес (гьес ричІараб лъиданиги рахазе кІоларо, гьес рахараб лъиданиги ричІизеги кІоларо) гьадин абулеб буго:
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода