Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьелъ абуна: – Гьал киналго пачалихъазул парччахІлъиги къудратги кьела дица дуе, гьеб киналъулго ихтияр дихъе щун бугелъул. Диего бокьарасе кьела дица гьеб. гьаб дуниялалъул кверщел кодоб бугеб илбисалъ ракІ бецлъизабуразе, – Аллагьасул суратлъун вугев МасихІил къудраталъул хІакъалъулъ Рохалил хабаралъул Нур гьезда бихьунгутІизе. Гьаб гІасияб гІасруялдаса нилъ хвасар гьаризе ва нилъер мунагьал чуризе, Инсул амруялдалъун, ГІиса МасихІица живго рецІалие кьуна. Нуж Аллагьасулал руго, дир лъимал, ва нуж гьел рухІаздаса бергьана. Нужелъ бугеб рухІ гІемерго къудратаб бугелъул гьаб дуниялалъул гІадамазулъ бугеб рухІалдаса. Гьел гьаб дуниялалъул гІадамал руго, гьез бицунебщинабги гьаб дуниялалъул гІадамазулаб буго, гьединлъидал гІаламги гьезухъ гІенеккула. Нилъ Аллагьасулал руго, Аллагь лъалевав нилъехъ гІенеккула, Аллагьасулав гурев нилъехъ гІенеккуларо. Гьелдалъун батІа гьабизе лъала хІакъикъияб рухІги гьересияб рухІги.
1. Иоанна
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода