Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дол къоязул гІакъуба-къварилъиялдаса хадуб гьебсагІатго бакъул нур тІагІун ина, ва моцІрол канлъиги ссун ина. ЦІваби зодиса гІодоре гъенон рачІина, ва къвакІарал зобалги гьаргьадила. Дол къоязда, гьеб гІакъуба-къварилъиялдаса хадуб, бакъул нур тІагІун ина, ва моцІрол канлъиги ссун ина. ЦІваби зодиса гІодоре гъенон рачІина, ва къвакІарал зобалги гьаргьадила. Бакъ-моцІалъул ва цІвабзазул гІаламатал загьирлъила, ракьалдайин абуни, ралъдал хъудиялъ ва карачалабазул кутакаб хъуялъ хІинкъизарурал халкъал цІакъго рихха-хочун лъугьина. КьагІрица анлъабилеб мугьруги тІезабуна. Кутакалда ракь багъарана. Бакъги чІегІерлъана, чІегІераб сугъур гІадин; рещалъараб моцІги би гІадин багІарлъана. Хасел тІаде щвезегІан гъотІодаго хутІарал инжирал кутакаб гьороца рортизарулел гІадин, цІвабиги ракьалде рортун рачІана.
Выбор основного перевода